Перейти к содержанию

Гени

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Гени
ГенугъотIол тIегь (икьукьи)

Ге́ни (ге́нул) (лат. Pyrus) – икьукьитIугьдузулазул пихъигъветI, гургинккараб ва ахадасан гIатIилъун бачIунел пихъазул гъветI ва гьелъул пихъ.

Гьезде абула розатIогьолал яги икьукьитIугьдузулалин (лат. Rosaceae, гIур. розоцветные), тIегь икьукьидул тайпа букIиндал. ГъотIол рижидул бицунеб бугони, ге́нугъветI абула, пихъил бицунеб бугони – жибго ге́ни.

Кьибил géni ккола унгоги авараб. ТIолго Аварлъудаги гьеб пихъиде ге́ни абула (хаслъул падежалда – génu-l; диалектазда гурони, гIемерлъул форма гьечIо: масала, хундерил сверелуда géna-l абула цо чанго пихъиде, рикIкIине кIолеб дагьамакъаб хIисабалда гьеб бугони). ЛIугьана рагIи тIолгоавар-гIандимацIадул кьолбодасан. Рорце гIандиял формаби: гIанд., кIкIаратI. hĩhĩ, гьахьв. hĩhʷ, тIинд., багул. hĩha, гъодоб. hĩhu «гени» < протогIанд. *hinhV. Цинги гьел рачIана протокавказияб *ɣōnʡV «гени» абураб кьолбодасан (гьелдасанго лIугьана ва протонахияб *ʁam-maʁa > чачан. ʁammaʁa «микьир», гIалгI. ʁamaʁa «курак», цинги протоцIунтIадерил *hĩ «гени» > бежтI., гьунз. hĩ). Жегиги цIалунчагIаз сино-кавказияб *ɣūnʡV кьолбоде гIунтIизабула гьеб.

Ботаникияб сипат-сурат

[хисизабизе | код хисизабизе]

ГъутIби рукIуна батIи-батIиял щватазул, гIемерисеб бутIаялъ чIахIиял хъархъал, цо-цо зазгунал. Кьибил гъваридго ракьулIе араб букIуна, амма гIаркьахин гIемер бицин бегьулеб къагIидаялъ тIибитIуларо.

Щватщун гIун бачIинеб гъотIол кар яги пирамидагIадинаб, яги гургинго араб букIуна, гьелъие ризлъизе бокьула. ЛъагIалида 30-40 см бахуна. КокIаби гьечIого гIезе щванани, генугъветI гIезагIанго эхеде уна – 5-25 м-лъ халалъуде ва 5 метралъ карал диаметралдаги.

ТIанхал рортанхъула. ТIанхичIчIей букIуна спиралияб 5 иргаяб. ТIамах гIатIидаб, ханибегIаб формадулаб (2,5–10 см халалъул), тIаса къокъгобалаб; бецIгIурччинаб кьерадул, кенчIолеб, гъоркьисрахъ хъахIилккун-гIурччинаб, хасалихъмехалде – меседилгун-канчIтIогьилаб.

Генул букIдул, цоги гIагарал гъутIбузулгогIадин, рукIуна кIиго тайпадул: вегетативиял ва генеративиял. Вегетативиял букIдул гIисинал ва бегIерккарал, генеративиял – чIахIиял ва ба́лхварал. КъватIисел батIалъаби гьеб кIиябго букIдузул тайпабазул цIикIкIуна гьел лIугьарал мехалдаса байбихьун, гьезулIан къватIире кIвагьщал кIанцIулеб мехалде щвезегIан.

ТIегьайдул мехги формаги: апрел-май, тIугьдул хъахIал, 3 см диаметралде, 5-тIогьотIанчилал, лъаб-лъаб яги ичI-ичI чодрохьопазда ругел. Цо гинецейиниб 2-даса 5-де бахараб пестикалги рукIуна.

Пихъ букIуна эхедецIазабураб формадул, гъоркьан тIибитIун араб. Руго гургин генул сорталги. Генул пихъилI букIуна цIакъго лъалеб мугьахараб ччобори. Гьеб буго ганчIахIалал клеткабац (склереид) гьабулеб жо.

ТIибитIи ва экология

[хисизабизе | код хисизабизе]

ГIалхулго бижараб гени Европалда тIибитIун буго шималияб ширатадул 60°-де щвезегIан. Шималияб гIорхъода цIакъ лъедерго бижула.

2006-б соналъ цIалунчагIаз рахъана квачадукь хIинкъуларел генул сортал. Гени эффективго гIезабула Уралалда ва Магъриб Сибиралда ругел ахазда (55° гIунтIизегIан ш. ш.).

Расиядул Дальни-Востокалдаги, Китаядул шималгун-бакъбаккудги, цинги Кореялдаги баккула цIакъго чIара-хьараб, цIоройдукь хIинкъулареб генул бегI – уссурияб гени.

Гьанже генул тайпаби ана азаридаса рахун гIемерлъун.

— Ге́нуб абураб росдал цIар лIугьана ге́ни абураб кьолбодасан, тIаде -б локативги жубан. Гьелда рекъон, Ге́нуб ккола «жаниб гени бугеб [бакI]», дагьги цIезабун абуни, «гени баккулеб яги гIезабулеб бак». Генуб росдал чагIазде гена́л (хас. генде́рил, кьов. генде́рие, акт. генде́рица) абула. Гендерил къварилъухъа буго гьабсагIалъги генурохь (гени бижулеб рохь), амма гьелъул цебе букIараб бегI хвезабуна дагьанахъе гьабураб болнухлуца.

тIинчI Гьаб макъала буго тIинчI, ва гьaб жеги хIадур гьечIо.
Гьабе кумек Википедиялъе, битIизабе ва гьалде тIаде жо жубай.